Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Чапарзабазин абуни, кІудияб къудраталдалъун нугІлъи гьабулеб букІана ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъун вихьанин жидедаян. Ва кІудияб баркат лъун букІана гьел киназдаго. Гьенир Павелида ратана цо-цо философал – Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин. Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан.
Выбор основного перевода