Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пётрилги Иоаннилги хІинкъунгутІи бихьун, гьел гІалимзаби гуреллъи, гІадатиял гІадамал рукІин бичІчІун хІикмалъун хутІана гьел. Гьебмехалъ ракІалде щвана Пётрги Иоаннги ГІисада цадахъ рукІараллъи. Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана. Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца. Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: – Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго! Лъилниги квекІен гьечІого ва расги хІинкъичІого бицунеб букІана гьес Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъги ТІадегІанав МасихІ ГІисал хІакъалъулъги. Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан.
Выбор основного перевода