Дицани нужеда абулеб буго: жиндирго вацасда ццин бахъаравги судалде вачине вуго. Жиндирго вацасда: «Рака! (Вахьна!)» – ян абуравги вачине вуго тІадегІанаб судалде. «ГІабдал!» – ан абуравги жужахІалъул цІадаве ккезе бегьула.
КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи.
Цинги гьес абуна: – Я, вацал-жугьутІал! Гьал чагІазе щиб гьабилебали цІодорго хал гьабизе ккела нужеца.