ГІисаца гьезда абуна: – Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?
Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?