Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса. Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица. Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи. Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»
Выбор основного перевода