Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар. Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи. Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие – такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо!
Выбор основного перевода