Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги». ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо». гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе. НекІо бецІлъи бачахъизе канлъи бижарав Аллагьас гьеб канлъи нилъер рекІелъеги лъугьинабуна. ГІиса МасихІил гьурмалъ гвангъараб Илагьияб Нур нилъее загьирлъизелъун гьабуна гьес гьедин.
Выбор основного перевода