Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачеян ва гьес щиб гьабун букІун гьал гІадамаз гьедин ахІулеб бугебали цІалаца вухун бицинабейилан. Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. Дида ракІалде ккола чІвазе къотІизе гІураб гІайиб гьасул гьечІилан. Къайсарасул судалде витІейилан гьарулеб бугелъул, дица хІукму гьабуна гьав гьениве витІизе. – ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда. Цинги Агриппаца Фестида абуна: – ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.
Выбор основного перевода