Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелъие жавабалъе ГІисада абуна: – Квешал гІадамал гьес квешго чІвала. ЦІибил барщарабго жиндие кколеб бутІа босун рачІунел ижарачагІазухъе ахги кьела. Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе. щибаб рижиялда бихьа абе Аллагьасдасан хвасарлъи!» Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: – Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго! Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе». Амма, дандечІун, Павел какулев вукІана жугьутІаз. Гьединлъидал, жиндирго ратІлидаса хІурги кІутІун, гьес абуна: – Нуж хвалде иналъул гІайибиял нужго руго. Дида гІайиб гьечІо. Гьанже дун цогидал халкъазухъе ана. Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила». Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» – абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе.
Выбор основного перевода