Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: – Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина. Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде. Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан. Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз. – Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха! Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна. Дие къуват кьурав нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисае рецц! Гьес дун божизе бегьулевлъун рикІкІана ва жиндие хъулухъ гьабизе тІадкъана дида – Аллагьасе бокьана дида – бищунго цІикІкІун мунагьал гьарурав чиясда – МасихІ ГІисаца цІоб лъезе. Бокьана гьесде иман лъун, цІияб гІумру насиблъаразе дун мисаллъун лъугьине. Гьединлъидалин Аллагь дида гурхІарав.
Выбор основного перевода