Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи...
Выбор основного перевода