Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна:
Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна: – Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи.
Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян.