Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна. Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод.
Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев.