Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Кутакалда данде пулеб гьури бахъиндал, гьениса нижер гама Кипралъул къилбаялъул рахъалдасан ун, Хаселалъго гьенир чІезе санагІалъи бугеб гавань букІинчІо гьеб. Гьединлъидал гІемериселги разилъун, хІукму гьабуна нахъеги ралъдалъе рахъине ва Крит чІинкІиллъиялъул къилбаялъулабги севералъулабги рахъалдасан бакътІерхьуде балагьараб Финиксалъул гаваналде рорчІуларищали хІалбихьизе, цинги хаселги гьениб тІамизе. Къилбаялдасахун тІадагьаб гьури пуйзе байбихьараб мехалъ, гьезда ракІалде ккана гьанже бугин бищунго санагІатаб заманилан. Цинги якорьги тІаде харцІун, Криталъул рагІалдасан лъедезе лъугьана нижер гама. Дица мун Криталда тун вуго гьениб жеги лъугІичІого хутІун букІараб иш лъикІ гІуцІизе ва дица дуда лъазабун букІараб къагІидаялъ щибаб шагьаралда иман лъуразул агьлуялъул бетІерги тІамизе.
Выбор основного перевода