21
Чанго къо бана щивниги кваначІелдаса нахъе. Гьебмехалъ тІаде вахъун Павелица абуна: – ГІенекке, гІадамал! Криталдаго чІайилан абулеб букІана дица нужеда, добмехалъ нуж дир рагІухъ гІенеккун рукІаралани, гьаб балагьги бачІинароан, гьадинаб кІудияб заралги ккелароан.