Гамида рекІун Италиялде ине нижер хІукму ккедал, Павелги цогидал туснахъалги рачун витІана къайсарасул полкалдаса нусилбетІер Юлий.
Лъабго моцІидасан рахана ниж гамиде. Хаселалъго гьениб хутІараб Искандарияталъулаб гама букІана гьеб, Диоскуразул – «КІиго цадахъ гьаруразул» цІарги лъураб.