Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ. Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна: – ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев. Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи. Дирго гІумру хиралъун гуро дун кІалъалев вугев. Дица байбихьараб иш рагІалде бахъинабун ва ТІадегІанав ГІисаца кьураб тІадкъай тІубазабун, ай Аллагьас нилъеда цІоб лъун бугилан Рохалил хабар бицун чІалде щвезе бокьун буго.
Выбор основного перевода