Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Доб заманаялда Иерусалималдаса Антиохиялде рачІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал. Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: – ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, – ян. Дагьаб мехалъ гьенивги чІун, нахъе ана. Иргадал Галатиялъул ва Фригиялъул шагьаразде щун, гьенир рукІарал муридазул иман щула гьабизе квербакъи гьабуна.
Выбор основного перевода