Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел. дида ракІалда буго, Испаниялде унаго нужехъе вачІине. Гьениве унаго нухдасан нужехъе щвезе, ва дагьаб мехгІаги нужеда аскІоб бан, чІалгІен буссине бокьун буго. Цоги, дир хьул буго гьеб сапаралъ вахъине ккани дие хІажалъулеб жоялдалъун нужеца кумек гьабилиланги. Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие. ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго.
Выбор основного перевода