Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр. Нахъисеб къоялъ Павел, нижги рачун, Якъубил бакІалде вилълъана. Гьенире рачІана киналго диниял бутІрул. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине.
Выбор основного перевода