Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе. ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна: – ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала. Цинги анцІила ункъо соналдасан Барнабада цадахъ нахъеги Иерусалималде ана дун, Титги цадахъ вачана. Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.
Выбор основного перевода