Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан. Фарисеязул мазгьабалда ругел цо-цо иман лъураз, тІаде рахъун, абуна: – Цогидал халкъаздаги нилъеца лъазабизе ккола Мусал къанунги цІунейин, сунатги гьабейилан. Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан. Якъубица ритІарал гІадамал гьенире рачІиналде гьев кваналаан мажусиязда гьоркьоса иман лъуразда цадахъ гІодовги чІун. Гьел рачІун хадуса гьес байбихьана, жугьутІазда гьоркьоса иман лъураз жиндаго гІайиб чІвалилан хІинкъун, дозда аскІоса ватІалъизе. Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо.
Выбор основного перевода