Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. Амма нилъеда лъала Аллагьасда цеве инсан, Къанун цІуниялдалъун гурев, цохІо ГІиса МасихІиде бугеб божи-иманалдалъун ритІухълъулевлъи. Нилъеца ГІиса МасихІиде иман лъуна, – Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун гуреб, МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьун. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун цониги инсан ритІухълъуларо. Амма Аллагь цІоб гІатІидав вуго! Нилъедехун бугеб кІудияб рокьиялдалъунин мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ. ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин. Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, – гьелдаса чІухІуге щивниги. Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун. Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха. Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикІлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана. Илагьияб РухІалдалъун цІидасан рижиги насиблъизабун ва цІияб гІумруги кьун, гьес нилъ рацІцІалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритІухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхІелалдалъун.
Выбор основного перевода