Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан. Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ. Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн. Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана.
Выбор основного перевода