Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан.
муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: – ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, – ян.