Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас: «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян? Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас: «Дун гьасул Эменлъун лъугьина, Гьавги дир Васлъун лъугьина», – ян.
Гьединго живго лъикІав лъугьун гуро МасихІги бищунго кІудияв кашишлъун вахъун машгьурлъарав. «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян гьесда абурав Аллагьасин гьев тарав.