Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж. Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана: – Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. ЯхІяца киназдаго абуна: – Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун. гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана – жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя. Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.
Выбор основного перевода