Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялда сардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун; Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана. Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан. Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде. Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе. Доб заманаялда Иерусалималдаса Антиохиялде рачІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал. Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ. Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана. Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. Нужеде салам буго дир кумекчи Тимофейил, дир халкъалъул гІадамаллъун ругел Лукийил, Ясонил ва Сосипатрил. Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе – халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе – мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана.
Выбор основного перевода