Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Барнаба абун чапарзабаз тІокІцІар кьурав (гьелъул магІна ккола «РакІбатизабулев») Кипралдаса Юсуп абулев цо левитас жиндирго хур бичана, ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян. КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана. Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана.
Выбор основного перевода