Цинги Пилатица гьезда гьикъана: – Гьедин батани, МасихІилан жинда абулев ГІисада щибха гьабилеб? Гьел киназго абуна: – Хъанчида вазе ккола гьев!
Пилатица гьебмехалъ абуна: – Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе ккола гьев!