Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие. Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе. Щиб кириха дие щолеб бугеб? Дие щолеб кири ккола – дица щибго мухь гьечІого Рохалил хабар лъазабулеб букІин ва гьелдалъун дие бугеб ихтияралдаса пайда босулеб гьечІолъиги. ГІарац кьейилан нужер гьодиде гьир бегизабичІолъи гурони, иман лъуразул цогидал жамагІатазе гьабуралдаса батІияб мекъаб-тІекъаб жо щиб дица нужее гьабураб? Гьеб рехсараб «гІайиб» кканин, тІасалъугьа дидаса! Дун хІикмалъун вуго МасихІил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахІарав Аллагь нужеца гьадигІан хехго рехун тедал. Нуж батІияб «рохалил хабаралде» руссун руго, хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе. Нижеца цебеги абун букІана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батІияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагІана батаги! Дидаса гІадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. ГІадамазда дунго лъикІ вихьизеги гуро. Цебего гІадин, гІадамазда лъикІ вихьизе жал дица гьарулел рукІаралани, дун МасихІил лагълъун вукІинароан. Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро. Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна.
Выбор основного перевода