Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан. – Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. Исраилил халкъалъе пайда кколеб бугони. Аллагьас гьел жиндирго лъималлъун лъугьинаруна, жиндирго кІодолъиги гьезие загьир гьабуна, гьезулгун къотІиги гьабуна, Къанунги рещтІинабуна, Мукъадасаб Рокъоб Аллагьасе хъулухъ гьабизеги гьезие изну кьуна, хвасар гьарилилан рагІиги кьуна гьезие. Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун,
Выбор основного перевода