Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. Цебего лъун бугелдаса батІияб кьучІ лъезе лъиданиги кІоларо. ЦохІо бугеб гьеб кьучІги ГІиса МасихІ ккола. Дун хІикмалъун вуго МасихІил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахІарав Аллагь нужеца гьадигІан хехго рехун тедал. Нуж батІияб «рохалил хабаралде» руссун руго, хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе. Нижеца цебеги абун букІана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батІияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагІана батаги! Дидаса гІадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. ГІадамазда дунго лъикІ вихьизеги гуро. Цебего гІадин, гІадамазда лъикІ вихьизе жал дица гьарулел рукІаралани, дун МасихІил лагълъун вукІинароан. Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро. Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
Выбор основного перевода