Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги. Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо. Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал, тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей. Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.
Выбор основного перевода