20
Дун хІинкъун вуго, – нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго.