Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. ГІантмахІав чияс гІадинал жал рицунел руго дица. Нужеца рицинаруна дида гьел. Нужедани лъазе кколаан дун кинав чи вугевали. Дунго щивго гурев чи вугониги, гьел «чІахІиял чапарзабаздаса» сундалъунниги къадарав гьечІо. Амма къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз, – дие батІалъи гьечІо гьел щал рукІун ратаниги, гьурмахъ балагьун иш гьабуларелъулха Аллагьас, – къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз щибго тІаде жубачІо дица лъазабулеб букІаралде. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине.
Выбор основного перевода