Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул. Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе. Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан. Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчІулел рукІана, МасихІ ГІисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун.
Выбор основного перевода