Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. Квандаса цебесеб гьечІищ рухІ, ратІлидаса цебесеб гьечІищ черхги. Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж? Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе? РатІлие гІологи щай нуж хъалхъадулел? ТІугьдузухъ ралагье нуж, кин гьел рижун ругелали. Гьел я хурир хІалтІуларо, гьез я кун дургъуларо. Амма дица нужеда абулеб буго: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдаги Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел. Ле, божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб бугеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб! Гьединлъидал щибдай кваналаян, яги щибдай гьекъелаян, ялъуни щибдай ретІинаян абун хъалхъадуге. Гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъаларезги тІалаб гьабулеб жо. Зобалазда вугев нужер Инсуда лъала гьеб кинабго нужее хІажалъулеблъи. Нужеца цин тІалаб гьабе нужго Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, гьесул амру тІубазабизе. ХутІараб кинабгойин абуни нужее тІадеги кьела. Метерисеб къоялъул ургъел гьабуге. Метерисеб къоялъ жинцаго гьабила жиндирго милат. Щибаб къоялъ нужее гІунги тІокІ букІина гьеб къоялъ гьабизе жо. Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чІухІиги руго нуж. ТІадегІанав ГІисал нухдаса кьуруге, хириял! Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, ТІадегІанасе гІоло, рагІи данде ккезабейилан, яцал гІадин рукІайилан. Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе. ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса! Нужер сабруяб хІеренлъи киналго гІадамазда лъазе биччанте. ТІадегІанав нужеда аскІов вуго. Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хІажалъи нужер рекІелъ бижун бугебали дугІадулъ загьир гьабун. Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги. Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, – кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби. Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ. ГІемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракІалде щведал, ТІадегІанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечІолъи гурони, гьанжелъагІанги нужеда кІочон тун вукІинчІевлъи лъала дида. Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, – кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун. Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. ГІорцІиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечІолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун. Черх къвакІизабиялъул пайда цо-цо мехалъ гурони букІунаро, муъминлъиялъул пайдайин абуни кидаго букІуна. Гьелъул пайда букІина дуниялалдаги ахираталдаги.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода