Вореха, гІадамазул философиялъги гьодорал рагІабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго МасихІидасан бачІараб гуро, гьеб бачІун буго гІадамазул гІадатал цІуниялдасан ва тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан.
рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул.
Нилъелъ бугеб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун дуде божилъи гьабураб лъикІабщинабги цІуне.