Гьелда дагІба базе бокьарав чиясда дица абила, нилъерги гьечІин гьединаб гІадат, иман лъуразул жамагІатазулги гьечІин.
Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун.
ХІакъабщинаб рагІизе бокьичІого, маргьабазухъ гІенеккила гьел.
ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян.
Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро.