Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ГІиса вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас гьесда абуна: – ХІакъав Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дица дуда: Аллагьасул Вас МасихІ мун ватани, вугилан абе нижеда. ГІисаца жаваб кьуна: – Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб. Пилатица абуна: – Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? – Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев!
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода