Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан.
Цоцазда гьоркьор ракІ разияб ракълида рукІа. ЧІухІи гьабуге, гІадатиял гІадамазулгун гьудуллъи гьабичІого тоге. Нужго гІакъилал чагІийилан, гІамал кІодолъун лъугьунге.
Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал.