Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Цинги халкъалдехун абуна: – Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру. ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда. божи-иманалъул ва намус бацІцІалъиялъул ярагъги борчун. Цо-цо гІадамаз гІодобе рехун буго гьеб ярагъ, ва гьезул божи-иманалъул гамаги ралъдалъ гъанкъана. Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода