Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда. Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе. Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна. ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода