Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Мунагьалъ нужеда тІад кверщел гьабизе бегьуларо, щайгурелъул Къануналъул кверщаликь гурел, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул нуж. Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал. Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб? Нужеда тІаде ккараб хІалбихьиги хІехьараб къварилъиги гІададайищха ккараб? ГІадада ккезе бегьилищ гьеб! Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал? Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана. Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола. Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритІухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, ТІехьалда хъван букІана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан. Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат. Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола». Гьелдасан бичІчІула Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритІухъавлъун рикІкІунаревлъи. Хъван буго: «ВацІцІадав инсан божи-иманалдалъун чІаго хутІила». Божи-иманалдасан гуро Къанун бачІун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила», – абун. Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагІи кьун букІараб баркат МасихІ ГІисадалъун халкъазе щвезе гІоло ва Аллагьас къотІи гьабун букІараб РухІ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гІоло. Гьале, вацал, нужее гІадамазул гІумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечІо. Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ. Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ. Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон. Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана. Гьоркьохъан вукІуна кІигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохІо вуго! Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере. ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, – ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло. Божи-иман рещтІинегІан ниж жанир тІамун рукІана, Къануналъ хъаравуллъиги чІезабун. Гьедин хутІана божи-иман загьирлъизегІан. Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе. Божи-иман рещтІун хадуса ниж хутІичІо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь. МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги. МасихІидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва МасихІ нужее цІияб ретІеллъунги лъугьана. Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун. МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал. Къануналъ щибниги камиллъизабичІелъулха! Цогидаб рахъ босани, нилъее рес кколеб буго Аллагьасде гІагарлъизарулеб лъикІаб жоялде хьул лъезе. ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» – ян.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода