Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе. ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. цебе кидаялиго жив какарасда, жив хІакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутІиялдалъун гьабулеб букІиндал, гурхІана дида Аллагь. Гьев кватІулев вугилан цо-цо гІадамаз рикІкІунеб бугониги, БетІергьан кватІулев гьечІо кьураб рагІи тІубазабизе. ХІакъикъаталда гьес сабру гьабулеб буго: гьесие бокьун гьечІо нужер щивниги гІадада хвезе – бокьун буго киналго кантІун жиндего руссине. Нужеда лъазе ккела БетІергьанасул кІудияб сабруялдалъун нуж хвасарлъизе рукІин. Аллагьас гьесие кьураб гІакъиллъиялдалъун гьелъул хІакъалъулъин нужеда бицараб нилъер хирияв вац Павелицаги.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода