Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Шаулил рекІелъа унеб букІинчІо ТІадегІанав ГІисал муридал хІинкъизариялъулги гьел гъурун тІагІинариялъулги гъаргъар. Бищунго кІудияв кашишасухъе вачІун гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана. Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев. ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. – Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда. – Мун щив, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Шаулица. – Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, – ян рагІана гьесда жаваб. – Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали. Гьесда цадахъ рукІарал гІадамал кІал-мацІ къотІун хутІана. Гьаракь рагІулеб букІин гурони, щивниги чи вихьулев вукІинчІо гьезда. Шаул тІаде вахъана. Амма берал ричІун валагьидал, щибниги бихьичІо гьесда. Бераздаса канлъи босарав гьев, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. Лъабго къо бана гьес бадиса канлъиги босун. Я кваначІо, я гьекъечІо. Дамаскалда вукІана Анания абулев цо мурид. Илгьам лъугьун: «Ва, Анания!» – абун ахІана гьесде ТІадегІанав ГІисаца. «Дун гІенеккун вуго», – ян абуна гьес. Цинги ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Гьанже вахъун а мун БитІараб абун цІар лъураб къотІнове. Гьениб Ягьудал минаялъув цІехе Тарсалдаса Шаул абун цо чи вугищилан. Гьале гьаб параялда дугІа гьабулев вукІаго, гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан. Ананияца абуна: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги. Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун. ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха. Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе. Нужеда рагІанагури, жугьутІ диналда дун вукІараб мехалъ, дица гьарулел рукІарал жалазул хІакъалъулъ, – Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гІасиго гІазаб-гІакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан. ЖугьутІ диналда вукІараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гІемерал гІелбащадаздаса. ЦІакъго-цІакъ цІунулел рукІиндалха дица дирго умумузул гІадатал! Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. Иман лъуразул агьлуялъе дица хъулухъ гьабулеб буго, Аллагьас бихьизабухъе, гьелдалъун нужее Аллагьасул рагІи тІубанго загьирлъизе бокьун.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода