Къанун рещтІана такъсир цІикІкІине. Амма мунагь цІикІкІараб бакІалда гІемерго цІикІкІана Аллагьасул баркатги.
Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана.
Дица дуда малъарал хІакъал рагІаби кьуричІого ккве дуца. Риччанте гьел дуе мисаллъун рукІине. МасихІ ГІисагун цолъун, божиги рокьиги цІуне.