гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула.
Гьев вукІине бегьуларо цІидасан иман лъуразда гьоркьоса чи, – гьев цІакъго чІухІила, ва илбисалъе гІадинаб гІазабги хІакълъила гьесие.
Нилъер агьлуялда гъорлъ гьечІезда гьоркьобги лъикІаб цІар-рецц букІине ккола гьесие гьабулеб, гьечІони – гІадамаз кІалухъ вахъила ва илбисалъул къорикье ккела.
ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги,
– гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго.
Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.