Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Дунго лъикІав лъугьун гьеб гьабулеб букІарабани, гьелъухъ мухьги щвелаан дие. Дунго лъикІав лъугьун гуро, дида тІадкъан бугелъул гьабулеб буго. Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. ЦІараб болжалалда Аллагьас гьев загьир гьавила. ЦохІо вугев ХІакимас, парччахІзабазулги ПарччахІас, ханзабазулги Ханас – Гьардарав Аллагьас загьир гьавила. Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба. Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна.
1. Тимофею
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода